Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Тимофею
1 2 3 4
Параллельные места
ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса зобалазда вугев дир Инсуда цебе дицаги инкар гьабила. Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. Гьединлъидалин нужее – цогидал халкъазул гІадамазе – гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун. Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго, нуж сабаблъун дие гІазаб кьолеб бугилан ракІ гІодоб чІван рукІунгейилан. Гьеб гІазаб сабаблъунин нуж бергьунел ругел. Нужее пайда букІине гІоло дица гІазаб-гІакъуба баччулеб букІиналдаса вохун вуго дун. Иман лъуразул агьлу – гьеб ккола МасихІил черх. Гьеб черхалъе гІоло гІазаб-гІакъуба баччун буго дир черхалъ, гьесул черхалъ баччизе ккараб гІазаб-гІакъубаялъул хутІараб цо бутІа дидаго тІаде босун бугелъул. МасихІ ГІисал ритІухъав рагъухъанас гІадин, гІазаб-гІакъуба хІехьезе хІадурго вукІа. Гьеб сабаблъун гІазаб буго дие – такъсирчиясда кинигин, рахсал ран руго. Амма Аллагьасул каламалда рахсал разе кІоларо!
2. Тимофею
1 2 3 4
Выбор основного перевода