Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Тимофею
1 2 3 4
Параллельные места
Турулебаб турулареблъун лъугьараб мехалъ, холебабги холареблъун лъугьараб мехалъ ритІухълъила ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима: «Хвел къулчІана, къезабуна». Хадубги: «Хвел, киб бугеб дур бергьенлъи! Хвел, киб бугеб дур хеч!» Аллагьас нилъее загьир гьабуна МасихІидалъун тІубазабизе кколеб букІараб жиндирго балъгояб мурад. ва кинабго бижарав Аллагьасул балъгояб абадияб хІукму тІубараблъи киназего загьирги гьабизе. Кидагоги киназдасагоги бахчун букІараб РагІи буго гьеб. Гьанже гьеб РагІи Аллагьасда цере рацІцІалъарал гІадамазе загьирлъана. Гьеб нухдасан ун, нилъее абадияб гІумру насиблъиялде хьул буго. Жеги замана бижилелдего Аллагьас къотІи гьабун букІана нилъ абадияб гІумруялде рачине. Аллагьасул рагІи хвезе рес гьечІо! Лъималилан гьес гІадамазда абулеб бугелъул, гьелго гІадинав гьанги биги чорхолъ бугев инсанлъун лъугьана ГІисаги. Гьедин гьабуна гІадамал хвезаризе кІолеб илбис жиндир хвалидалъун хвезабизе бокьун. Дуниял бижилелдего Аллагьас гьединаб къадар хъван букІана гьесие, амма нужее гьев загьирлъана гьаб ахирияб заманалда. Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазда тІаса лъицаниги щибниги босани, Аллагьас гьесда тІасаги босила гІумруялъул гъветІалдаги мукъадасаб шагьаралдаги гьесул букІараб бутІа, – гьаб тІехьалда жиндир хІакъалъулъ рехсон бугеб бутІа.
2. Тимофею
1 2 3 4
Выбор основного перевода