Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Тимофею
1 2 3 4
Параллельные места
Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. Зобалазда нужее цІунун бугелде лъураб хьулалъ бижизабураб буго гьеб божи-иманги рокьиги. Гьеб хьул нужелъ бижана хІакъикъияб Рохалил хабар нужеда рагІараб мехалъго. Цо лъицаниги гьересинасихІат гьабулеб бугони, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъал рагІабаздаса, унго-унголъун Аллагьасе гІибадат гьабиялдаса щивниги кьурулев вугони, Дуде божилъи гьабун бугебщинаб цІуне, Тимофей, дуца. Аллагь рикІкІунарезул чІандахабаралдаса ва гІадамаз гьересиго «лъай» абун цІар лъуралда тІасан дагІбадиялдаса рикІкІалъе. Мун рекІекълъуге нилъер ТІадегІанасул хІакъалъулъ нугІлъи гьабулеб букІиналдасаги, гьесде иман лъей сабаблъун дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъуге. Аллагьас дуеги сабру кьун бугелъул, дуцаги хІехье Рохалил хабар сабаблъун дие бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба. Нилъелъ бугеб Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун дуде божилъи гьабураб лъикІабщинабги цІуне. БацІцІадаб диналда рекъон насихІат гьабе дуца. ХІакъал рагІаби руго гьел. Ва дие бокьун буго мун хасго гьезда тІадчІезе, Аллагьасде иман лъурал гІадамалги гьелдалъун лъикІал ишазде руссине. ГІадамазе лъикІлъиги пайдаги кьола гьел ишаз. Дол цогидал гІадамаздаго гІадин, нилъедаги рагІана Рохалил хабар. Амма гьеб хабар рагІунилан дозие пайда бахинчІо, гьеб рагІараб мехалъ дол гьелда божичІелъул. Гьелда божарал нилъее щвезе буго Аллагьас къотІи гьабураб рахІат-хІалхьи. Гьадин абулеб буго гьес гьелъул хІакъалъулъ: «Ццин бахъун дун гьедана, гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинарилан!» Гьес гьедин абуна, дуниял бижараб ва гьеб бижиялъул хІалтІи лъугІараб мехалдасаго жиндирго къадар киданиги хисизабун букІинчІониги. ГІиса МасихІил лагъ ва Якъубил вац Ягьудал рахъалдасан Аллагьас тІаса рищаразде, Эмен – Аллагьасе рокьулезде ва ГІиса МасихІица цІунун ругезде салам.
2. Тимофею
1 2 3 4
Выбор основного перевода