Дица нуж гьесие цІакъ реццун рукІана, гьеб сабаблъун нечезе ккечІо дун. Нижеца нужеда бицарабщинаб битІараб букІарабго гІадин, нуж реццун нижеца Титида бицун букІарабги битІараб батана.
Нужер гъира-шавкъ букІин лъайдал, македониязеги реццана дица нуж, гъоркьисаялдаса нахъего Ахая кумекалъе хІадурго бугилан. Нужер гьеб гъира-шавкъалъ квербакъана гьезул гІемерисезги чода цІал кьабизе.