Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Дун гьениве щвейгун, гьеб нужер садакъа Иерусалималде щвезабизе ритІила нужеца тІаса рищарал гІадамал ва гьезда цадахъ битІила гьел нужер вакилзаби ругилан кагъатги. Дунго гьениве ине ккани, дидаго цадахъ рачина гьелги. Гьез кутакалда гьарулеб букІана нижеда Аллагьасе хирияб халкъалъе жидецаги кумек гьабизе биччайилан. Гьединлъидал нижеца Титида гьарулеб буго нужер гьениб гьес гьабизе байбихьараб баркатаб иш рагІалде бахъинабейилан. Доб мехалда букІараб гІадинаб гъира-шавкъалда, нужерго ресалда рекъон, рагІалде бахъинабе нужеца гьеб иш. Гьез цохІо жо гьарана нижеда, жидер мискинзаби кІочон тогеян, – гьелъиени дица кидагоги хІаракат бахъула!
Выбор основного перевода