Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Дида цадахъ туснахъалъур рукІарал дирго халкъалъул гІадамазде – Андроникидеги Юниядеги буго дир салам. Чапарзабазда гьоркьор машгьурал ва дидасаги цере МасихІиде иман лъурал чагІи руго гьел. Гьелъ нижер ракІбатизабуна. Гьелъ ракІбатизабун ниж ругеб мехалда, дагьабги ракІбатизабуна Титги нужедаса вохун вукІин лъайдал. Гьесул рекІелъа ургъел бачахъун буго нужеца киназго. Дица Титида гьарана нужехъе айилан ва гьесда цадахъ цо вацги витІана. Титица бегьарабищ нужер кисинибе квер? Цого Илагьияб РухІалъ малъухъе гурищ дунги гьевги хьвадулел ругел? Цого галаби гурищ нижеца тІамулел ругел? Цинги хІукму ккана гьанив дида цадахъ хІалтІарав ва къеркьарав диналъул вац, дие хІажалъулеб хъулухъалъе нужеца витІун вачІун вукІарав Эпафродит тІадвуссун нужехъе витІизе.
Выбор основного перевода