КІудияб ахІи-хІур багъарана гьениб. ТІаде рахъун фарисеязул цо-цо диниял гІалимзаби чІчІичІчІидизе лъугьана: – Гьав чиясулъ щибниги квешлъи бихьулеб гьечІо нижеда. Щиб лъалеб, рухІ яги малаик батила гьесда кІалъан?
Аллагьасул рагІабийилан гьерсалги рицун, цогидал гІемерисел гІадин гІиси-бикъинаб дармиде машгъуллъуларелъулха ниж! Аллагьасул чапарзаби ругелъул, Аллагьасда рагІулеб бугеб гІадин, МасихІидеги цолъун, ракІбацІцІадго бицуна нижеца Рохалил хабар.