Нилъ лъимал кколел ругони, ирсилаллъунги ккола. МасихІидаго цадахъ нилъги рукІуна ирсилаллъун. Гьес хІехьараб гІазаб-гІакъубаялъул бутІа щвани, гьесул кІодолъиялъул бутІаги щвела нилъее.
Дида ракІалде ккола, гьанже нилъее бугеб гІазаб-гІакъуба данде кквезегицин бегьиларин нилъелъ загьирлъизе бугеб къудраталда.
Гьанже дагьабго заманаялъ батІи-батІиял къварилъабаз нужер хІалбихьулеб бугониги, гьелдаса роха нуж.