Росасе инчІел ясазул рахъ цІехани, гьелъул рахъалъ ТІадегІанасдасан бачІараб амру гьечІо дихъ. Амма дица дирго пикру бицина, Аллагьасул баркаталдалъун дунги вугелъулха божизе бегьулев чи.
Гьес лъугьинаруна ниж ЦІияб къотІиялъе хъулухъ гьабизе ярагьунеллъун. ЦІияб къотІиялъул аслу-кьучІ хІарпазулъ гуро бугеб, РухІалъулъ буго. ХІарпалъ хвезарула, РухІалъ чІаголъизарула!