Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Лъадаца чурун хвел гІахьалаблъун гьабидал, гьесда цадахъ хабалъги рукъана нилъ. Инсул кІудияб къудраталдалъун хваралъуса вахъинавурав МасихІида релълъун, гьанже нилъедаги кІола цІияб гІумру гьабизе. Нилъ божула, МасихІида цадахъ хведал, гьесда цадахъ чІаголъизе рукІиналдаги. Ниж загІиплъун ругони, нужелъ къуват цІикІкІани, гьелдаса рохула ниж. Нижеца Аллагьасда гьарулеб жого нуж лъикІаб рахъалде рачейилан буго. Живго гьитІинлъизавуна, – лагъасул даражаялда чІана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав гьес живго гІодовегІанлъизавуна хвалиде гІунтІунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутІигІлъана гьев. Нилъ Аллагьасде гІагарлъизе киназего гІоло цо нухалъ хведалха МасихІ ГІиса, – мунагьал ругезе гІоло хведалха мунагьго гьечІев. Гьесул черх чІвана, амма РухІалъ гьев цІидасан чІаголъизавуна.
2. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Выбор основного перевода