Дица доб кагъат хъван букІана нужехъе вачІараб мехалъ, вохизавизе кколез дун пашманлъизавизе бокьичІого. Дир ракІчІола, дун вохун вугони, нуж киналго рохизе рукІиналда.
Нужер гІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас нижее кьураб ихтияралъул рахъалъ рецц-бакъ дагьаб цІикІкІунеб бугеб батаниги, дун гьелдаса расги намуслъуларо.
Гьединав чиясда лъан букІаян абе ниж гьенир гьечІеб мехалъ нижеца кагътазда хъвалебщинаб гьенире рачІиндалги гьабулеблъи.
ХІакъал рагІаби руго гьел. Гьединлъидал дуца гьезие бадибчІвай гьабе, нужер божи-иман загІиплъизе тогеян,