11
Кагътил ахиралдаги – роха-хинлъун рукІа, вацал, битІараб нухде русса, дица гьарарабги гьабе, цоцазулгун рагІи данде ккезабе, рекъа-решон рукІа, – рекъелги рокьиги рещтІинабулев Аллагьас рехун теларо нуж!
КъвакІиги сабруги нилъее кьолев Аллагьас тІубанго рагІи данде ккезабеги нужер, МасихІ ГІисада нахърилълъун,
Аллагьасул салам лъеги нужеда киназдаго. Амин.
Эмен – Аллагьасдасан ва ТІадегІанав ГІиса МасихІидасан рещтІараб рекъелги, рокьиги, божи-иманги хутІаги, вацал, нужелъ!
дун гьелдаса цІакъ вохилаан. Гьединлъидал дие бокьилаан нужер цого къасдги, цого рокьиги, цого рухІги букІине, нужеца цого пикрабиги гьаризе.
ТІадегІанасде нуж цолъун рукІиналдаса роха кидаго! Цоги нухалъ абулеб буго: роха нуж гьелдаса!
Къокъго абуни, нуж киналго цоцалъ рекъон рукІа, цоцазул къварилъи-гІатІилъи бацІцІе, нужерго диналъул вацал рокьа, цоцалъ хІалимго-хІеренго рукІа.