Гьес лъугьинаруна ниж ЦІияб къотІиялъе хъулухъ гьабизе ярагьунеллъун. ЦІияб къотІиялъул аслу-кьучІ хІарпазулъ гуро бугеб, РухІалъулъ буго. ХІарпалъ хвезарула, РухІалъ чІаголъизарула!
Нужер гІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас нижее кьураб ихтияралъул рахъалъ рецц-бакъ дагьаб цІикІкІунеб бугеб батаниги, дун гьелдаса расги намуслъуларо.
Цоги нухалъ абулеб буго: лъицаниги рикІкІунге дун гІантмахІав вугилан. Дун гІантмахІав ватаниги, дихъ гІенекке, дунго дицаго цодагьав веццилин.