Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
ТІаде вахъун, вахъун чІа гьанже! Дун духъе рещтІана, мун дие хъулухъ гьабизе тІамизе, дуда бихьарабги дуда дица бихьизабизе бугебги бицине тІамизе. Дунго веццизе ккани, дирго загІиплъи беццила дица. Диеги илгьамал лъугьанилан дун цІакъго чІухІдарунгутІизе, Аллагьас дир чорхолъ къазабун буго гІазаб-гІакъубаялъул заз. Гьеб ккола илбисалъул чапар. ЧІухІдарунгутІизелъун дун вухизе изну кьун буго Аллагьас гьев чапарасе. Инсанасдасан гурелъулха дихъе гьеб щвараб, инсанас малъунги щвечІо дихъе гьеб. Дие гьеб ГІиса МасихІица загьир гьабуна. Аллагьас айилан лъазабидал, ана дун гьениве. БатІи-батІиял халкъазда лъазабураб Рохалил хабар дица къо-асс бугелилан рикІкІунел гІадамазда бицана, батІаго гьелгун дандчІван. ГІадада ккечІодай дир чодул кІанцІи, пайда бахинадай гьанже кІанцІиялъулгиян абуна дица гьезда.
Выбор основного перевода