Гьелдаса гуребги, гІазаб-гІакъубаялдасаги рохун руго, гІазаб-гІакъубаялъ сабру кьолеблъиги лъан.
Гьелъул гІаксалда, нижеца гьабулебщиналдалъун бихьизабула Аллагьасе хъулухъ гьабулеб букІин: кІудияб сабруялда хІехьола балагьал, къварилъаби, гІазабал,
Сундениги хІажат вукІун гуро дица гьедин абулеб бугеб, – кинаб ахІвал-хІалалде кканиги, гьелдаса ракІ разилъизе ругьунлъун вуго дун.
Кинабго хІехьезе къуват кьуна ТІадегІанас дие.
ЧІухІун бицуна нижеца иман лъуразул жамагІатазда нужер хІакъалъулъ. Нужее бугеб кинабго гІазаб-гІакъубаги захІмалъи-къварилъиги сабру-иманалда хІехьолеб бугилан реццула.