Гьединлъидал, ТІухьдузда хъван бугеб куцалъ: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!»
Гьаха, щив кколев Аполлос? Павелги щив кколев? Гьел руго нуж иманалде рачарал ва хъулухъалъе тІамурал гІадатиял чагІи. БетІергьанас тІадкъараб хІалтІи гьабулеб буго гьезул щивас.