Ниж щал чагІияли нужеда гьанжеги бихьизабизейищ ниж кІалъалел ругел? Цогидазе гІадин, нижее хІажат бугебищ ниж реццарал кагътал я нужехъе хъвазе, я нужеца хъван рачІине?
Ниж щал чагІияли бихьизабизе гуро гьеб такрар гьабулеб бугеб. Жидерго рекІелъ бугеб бахчун, бералда бихьулебаб рихьдаего цебе рехизабун, жидеего рецц-бакъ гьабулел гІадамалги руго гьенир. Нижеца гьедин абулеб буго гьединал гІадамазе жаваб кьезе нужее бигьалъизе ва нижедаса чІухІизе нужее рес букІинеги.