Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
ГІадамал лъадалъ ччун рахъизе витІичІо дун МасихІица. Рохалил хабар бицине витІана. ГІакъилал ва пасихІал рагІабаздалъун бицунеб гьечІо дица гьеб Рохалил хабар, – МасихІ хъанчида ван хвей гІадада ккелаан гьебмехалъ. Дун нужеда аскІов вукІана загІипгоги ва хІинкъун сородулевги. Бицине кІалзул гьунар кІудияб гьечІониги, гІелму-лъай гІезегІанго цІикІкІараб буго дир. Кинабго рахъалдасан ва киналго ишазулъ бихьизеги гьабуна гьеб нужеда. Цебе нужеда Рохалил хабар бицине рес рекъеялъе сабаблъун ккана дир черх загІиплъун букІин. Нужеда гьеб лъала. Дида бугеб хІалалъухъ балагьун щакдаризе кколел рукІаниги, нужеца дун инжитго нахъчІвачІо. Нужеца дун къабул гьавуна Бичасул малаик гІадин ва ГІиса МасихІ гІадин.
Выбор основного перевода