Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Чанги кІуди-кІудиял гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез, бажарани, тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун.
ГІисаца гьесда абуна: – МугІжизаталги гІаламаталги рихьизаричІони, божуларел гІадамал руго нуж!