Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Параллельные места
Гьебмехалъ ссур пулеб гьаракь бахъина. Жинца тІаса бищараб агьлу зобалазул гьаб рагІалдаса бахъараб добцояб рагІалде щвезегІан – ункъабго рахъалдаса бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес. Зоб-ракьалъул цо рагІалдаса цоги рагІалде щвезегІан ункъабго рахъалдаса жинцаго тІаса бищараб агьлу данде бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес. Хваразул хІакъалъулъги нужеда бичІчІизабичІого гІеларо, хваралъуса рахъиналде хьулго гьечІел цогидал гІадамалго гІадин, нужги пашманлъунгутІизе. ГІиса хвеялда ва хваралъуса вахъиналда нилъ божулел гІадин, нилъ божула иманалда хварал гІадамал Аллагьас гьесда цадахъ жиндихъего рачине рукІиналдаги. Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго ТІадегІанасул рагІуда рекъон: ТІадегІанав вачІинегІан чІаго хутІаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Цинги нилъ – чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина.
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Выбор основного перевода