Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб.
Хвалде унезни чІобогояб чІандалъун рикІкІуна хъанчида ван хварасул хІакъалъулъ хабар. Нилъее – хвасарлъулезе – гьеб буго Аллагьасул къудрат.