Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Параллельные места
ГІисаца абуна: – Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж! Гьебмехалъ гІемерисел гІадамал къосина, цоцазе хилиплъила, цоцазда рихина. ГІемерал гьересиаварагзаби рахъина, гьез гІемерисел къосинарила. Пасалъи цІикІкІиндал, гІемерисезул рокьи ссун ина. Дун гьезда цадахъ вугеб мехалъ, дица гьел хвалде ине риччачІого цІунана дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. Цо чи хутІизегІан цІунана. Гьев хвалде ана, гьелъул хІакъалъулъ ТІехьалда хъвараб ритІухълъизе кколеб букІиндал. Гьерсица гуккизе чІоге. МутІигІлъуларезде Аллагьасул ццин рещтІинабула гьелъ. Гьезулгун гьоркьоблъи гьабуге нужеца. Цере нуж бецІлъукь рукІана, гьанже ТІадегІанасде цолъун ругелъул, нурлъун лъугьана. Нуралъ гвангъизарурал гІадамал гІадин хьваде. Илагьияб РухІалъ якъинго бицунеб буго ахираб заманаялда цо-цо гІадамал божи-иманалдаса руссинилан. Гьел руссина гьерсал рицунел жундузде, гьел нахърилълъина шайтІабаз малъаралда.
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Выбор основного перевода