Чапарзабазда цере чІезаруна гьел. Чапарзабазги, дугІаги гьабун, гьезда тІад квер лъуна.
Пётрицаги Иоанницаги тІад квер лъураб мехалъ гьезулъеги рещтІана Илагьияб РухІ.
Тимофей, дир вас, цо кидаялиго дур хІакъалъулъ Аллагьасдасан рещтІарал рагІабиги ракІалде щун, гьадинаб тІадкъай кьолеб буго дица дуе! Гьел рагІабиги гІадахъ росун вагъе, мун гІадинав чи вагъизе кколеб куцалъ,
Гьеле гьединлъидал дица дуда ракІалде щвезабулеб буго: дица тІад квер лъун Аллагьасдасан дулъе лъугьараб махщел-гьунаралъул цІа боркьизабе.