Жакъа къоялде щвезегІанги ракъунги къечонги руго ниж. Нижер ретІелги хохораб буго, ниж рухулел-кьабулелги руго, мина-руссенги нижер гьечІо.
Гьеб буго нилъ хвасар гьарулев Аллагьасда цебе лъикІаб ва гьев разилъулеб иш,
гьесие бокьун бугелъулха киналго гІадамал хвасарлъизе ва хІакъабщинаб лъаялде рачІине.