Воре, нужго цІуне! ГІисаца жиндирго биги тІун босараб ва Илагьияб РухІалъ нужеда тІадкъараб Аллагьасде иман лъуразул агьлуги, вехьас гІиял рехъен гІадин, цІуне нужеца.
Дир хьул буго дирго халкъалъул цо-цо гІадамазул рекІелъ жахІда бижизабизе кІвезеги бегьулин ва гьезда гьоркьоса цо-цоял хвасарлъизеги бегьулин абун.
Мунго чІа дудаго малъарабги тІубанго дур рекІеца къабул гьабурабги ккун. Дуда лъала дур мугІалимзаби щалали.