Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
рукІунарел-лъугьунарел жал рицунгейилан, анкьумумузул цІарал рехсон заман инабугейилан. Гьеб сабаблъун гІемер дагІбаги ккола. Аллагьас нилъее бихьизабураб ва иманги лъун нилъеца гьабулеб бугеб ишалъе щибго пайда гьечІо гьелъул. Дуде божилъи гьабун бугебщинаб цІуне, Тимофей, дуца. Аллагь рикІкІунарезул чІандахабаралдаса ва гІадамаз гьересиго «лъай» абун цІар лъуралда тІасан дагІбадиялдаса рикІкІалъе. Иман гьечІел ва гьодорал харбал рикІкІад гьаре. Гьез гІадамал Аллагьасдаса цІакъго рикІкІалъизарула. ГІадалаб ва жагьилаб дагІба-рагІиялдаса рикІкІалъе, дуда лъала гьелъ кьалде рачунеблъи. ягьудиязул маргьабаздаги божугеян ва хІакъикъат мекъи сверизабулезухъги гІенеккугеян. Амма умумузул сияхІалда тІасан гІантаб дагІбаялдасаги ва Къануналъул рахъалъ къацанди-бахІсаздасаги рикІкІад чІа. Гьезул я пайда гуро, я хайир гуро.
Выбор основного перевода