Гьеле гьедин, дир хириял вацал, къвакІун чІа нуж, къуркьуге нуж. ТІадегІанасе гІоло тІадчІун хІалтІе. Нужеда лъан букІа: ТІадегІанасде цолъун гьабураб нужер хІалтІи гІадада холаро.
Аллагьас айилан лъазабидал, ана дун гьениве. БатІи-батІиял халкъазда лъазабураб Рохалил хабар дица къо-асс бугелилан рикІкІунел гІадамазда бицана, батІаго гьелгун дандчІван. ГІадада ккечІодай дир чодул кІанцІи, пайда бахинадай гьанже кІанцІиялъулгиян абуна дица гьезда.