Нуж руго – ниж реццараб кагъат! Нижер ракІазулъ хъван буго гьеб, киназдаго лъазе, киназго цІализе!
Щакъиялъ гуреб, хІакъав Аллагьас битІараб РухІалдалъун МасихІица хъван, нижеца босун бачІараб кагъатлъун ругеллъи бихьизабуна нужеца. ГанчІил къаназда гуреб, инсанасул рекІеда хъвараб кагъатин гьеб.