ТІухьдузда бугебщинаб хъван буго, гьездасан нилъее къвакІиги сабруги хІалае ккун, рекІелъ хьул цІунизе.
Гьединго гІетІ тІун хІалтІарав хурухъанасеги тІоцебе щвезе ккола хуриса бачІаралъул бутІа.
Киналго ТІухьдул – Аллагьасул калам буго. Гьез хІакъабщинаб малъула, тІекъабщинаб къватІиб чІвазабула, гъалатІ-хатІа битІизабула, ритІухъаб гІумруялъул хІакъалъулъ насихІат гьабула. Сундуего пайда буго гьезул.