Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Дица лъидасаниги тІалаб гьабичІо я гІарац, я хирияб ретІел-тІех. Нужеда лъала диеги дида цадахъ рукІаразеги къваригІара-тараб жо дица гьал дирго кверал квалквадун балагьараблъи. Дица сундулъго нужедаги бихьизабуна дун гІадин нужги хІалтІизе кколеллъи, загІипазе кумек гьабизе кколеблъи ва «Босаралъулъалдаса кьуралъулъ баркат цІикІкІараб буго», – ян ТІадегІанав ГІисаца абурал рагІаби кІочон тезе бегьулареблъи. Рокьи кидаго тІасалъугьуна, кидаго божула, кидаго хьул-къасдалда букІуна ва гьелъ щибго хІехьола. Аллагьасдасан Рохалил хабар нужеда гьоркьоб тІибитІизабулеб мехалъ, дунго хІакъир гьавун, нуж кІодо гьарун, нужехъа щибго босичІогойилан гІайиб чІвазеги бегьула нужеца! Нужер гьенив вугеб заманалда дие гІарац хІажалъаниги, нужер гьодиде гьир бегизабичІо дица – дие хІажатабщинаб кьуна Македониялдаса рачІарал вацаз. ГьанжелъагІанги дица нужедаса щибго тІалаб гьабичІо, гьанжеялдаса хадубги гьабиларо. Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна.
Выбор основного перевода