6
Масала, нужехъе вачІун дун батІи-батІиял мацІазда кІалъани, дидасан кинаб пайда, вацал, нужее букІинеб? Аллагьасдасан амру нужеда лъазабулеб гьечІони, цогІаги гІакълу-насихІатги дидасан щолеб гьечІони, – щибго пайда букІинаро.
Кидаялиго нуж мунагьалъул лагъзаллъун рукІарал ратаниги, Аллагьасе рецц, нужеца ракІ-ракІалъ къабул гьабуна дица малъарабщинаб.
Цоясе РухІалъ кьола гІакъилаб калам, цогидасе гьебго РухІалъ кьола гІелму-лъай малъизе махщел.
Гьеб киналъулго кинаб хІасилха, вацал, нилъеца гьабилеб? Нуж данделъараб мехалъ, цоясул туркиги, цогидасул насихІатги, гьединго Аллагьас загьир гьабурабги, батІи-батІиял мацІазда гьабулеб каламги, гьеб бичІчІизабиги – щивасул гьеб кинабго букІине ккола иман лъуразул агьлуялъе пайдаялъе.
Аллагьас айилан лъазабидал, ана дун гьениве. БатІи-батІиял халкъазда лъазабураб Рохалил хабар дица къо-асс бугелилан рикІкІунел гІадамазда бицана, батІаго гьелгун дандчІван. ГІадада ккечІодай дир чодул кІанцІи, пайда бахинадай гьанже кІанцІиялъулгиян абуна дица гьезда.