МасихІил нухдасан дун хьвадулев вугеб куц нужеда ракІалде щвезабизе гьале нужехъе витІулев вуго ТІадегІанасе ритІухъав ва дие хирияв васлъун лъугьарав Тимофей. Гьеб нухдасан хьвадейилан дица малъула киса-кибго киналго иман лъуразул агьлуялда.
Нилъ ракълиде рачарав Аллагьас тІубанго рацІцІад гьареги нуж, нужер тІолабго чІаголъи: рухІги, напсги, черхги – нилъер ТІадегІанав ГІиса вачІиналде бацІцІадго букІине.