Амма дие бокьун буго нужеда бичІчІизе: щивав чиясул бетІергьан МасихІ вуго, лъадиялъул бетІергьан рос вуго, МасихІил бетІергьан Аллагь вуго.
ДугІа гьабулеб яги иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабулеб мехалъ чІужугІаданалъ кІаз тІаса бахъани, жиндирго бетІер инжит гьабула гьелъ. БетІер кІкІварай гІадин йикІунелъулха гьей.
Йиччанте чІужугІадан, юцІцІун чІун, тІубараб мутІигІлъигун, вагІза-насихІаталъухъ гІенеккизе.
Дица чІужугІаданалъе изну кьоларо насихІат гьабизе. Гьедин бихьиназда тІад кверщел гьабизе бегьуларо гьелъ. ЙицІцІун чІайилан абе!