Нужеда лъай, вацал, дица лъазабулеб бугеб Рохалил хабар гІадамаздасан бачІараб гуро.
Инсанасдасан гурелъулха дихъе гьеб щвараб, инсанас малъунги щвечІо дихъе гьеб. Дие гьеб ГІиса МасихІица загьир гьабуна.
Нилъ Аллагьасулал руго, Аллагь лъалевав нилъехъ гІенеккула, Аллагьасулав гурев нилъехъ гІенеккуларо. Гьелдалъун батІа гьабизе лъала хІакъикъияб рухІги гьересияб рухІги.