ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІар рехсон гурони щибго гьабуге, щибго абуге. Гьесул цІарги рехсон нилъер Эмен – Аллагьасе реццги гьабе.
КІалалда гьунар бугес вагІза-насихІат гьабе, хъулухъалъе гьунар бугес, Аллагьас жиндие кьураб къуват-жаналда рекъон, хъулухъ гьабе, – нужеца гьабулебщиналъухъ гІадамаз, абадул абадиялъ жиндир реццги къудратги тІаса ине гьечІев ГІиса МасихІил цІарги рехсон, Аллагьасе рецц гьабизе. Амин!