Гьединлъидал, рачІа нилъеца хІаракат бахъизин нилъеда гьоркьоб рекъелги щулалъулел, цоцазе квербакъиги камиллъулел ишал гьаризе.
«Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» – ян абула цо-цояз. Бокьарабщинаб гьабиялъул гуребха пайда букІунеб. «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» Амма дун сундулниги лагълъун лъугьине бегьуларо.
Гьанже бицинин мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул гьанал хІакъалъулъ. Нилъер киназулго гІелму-лъай бугилан битІун абулеб буго нужеца. Амма гІелму-лъаялъ гІадамасул гІамал кІодолъизабула. Рокьиялъ берцинго гІуцІула инсанасул гІумру.