Лъиданиги кІоларо кІиго бетІергьанасе лагълъи гьабизе; цояв гьесда рихина, цогидав вокьила; яги цоясе лагълъи гьес ракІбацІцІадго гьабила, цогидасе тІаса-масаго гьабила. Гьедин нужедаги кІвеларо Аллагьасеги дуниялалъул боцІи-рикъзиялъеги лагълъи гьабизе.
МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев?
Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас.