Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Доб къоялъ гІемерав чияс абила дида: «БетІерчІахъад! БетІерчІахъад! Дур цІаралдалъун гурищ нижеца Аллагьасул амру халкъалъе загьир гьабураб? Дур цІаралдалъун гурищ шайтІаби рачахъарал? Дур цІаралдалъун гурищ нижеца гІемерал хІикматал ишал гьарурал?» Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб? МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев? Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас. – Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге».
Выбор основного перевода