Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Амма гьанже мунагьалдаса тархъанлъараб ва Аллагьасул лагъзаллъун лъугьараб мехалда нужее ккараб пайдаялъ хІалалаб-бацІцІадаб гІумруялде рачуна. Ва ахиралда абадияб гІумруялдеги рачуна! Гьаб дуниялалъул халкъ хьвадулеб къагІидаялъ хьвадуге нуж. Биччанте Аллагьас нуж хисизаризе, биччанте нужер гІакълуги цІияб букІине. Гьелдалъун бичІчІила нужеца щиб гьабизе Аллагьасе бокьун бугебали, батІа бахъизе лъала Аллагь разилъулебги, лъикІабги, камилабги. Нужеда лъаларебищ нужер чурхдулги МасихІил черхалъул бутІаби рукІин? МасихІил черхалъул бутІа хъахІбал черхлъун лъугьинабизе бегьилищ? Киданиги бегьуларо! ХъахІбалъи рикІкІад гьабе! Цогидал мунагьал инсанасул черхалдаса къватІирехун ккарал рукІуна. ХъахІбаяв чиясин абуни, мунагь гьабула жиндирго черхги хІакъирлъизабун. ХъахІбалъи, пасалъи ва чияр боцІуде хъантІи гІадинал жалазул цІар рехсезецин бегьуларо нужеца. Иман лъуразул агьлуялда гьеб рекъараб гьечІо. Жагьилаллъун рукІунге, ТІадегІанасул амру бичІчІизе тІалаб гьабе. Гьаб дуниялалъулалщинал жал: хъахІбалъи, хъублъи, чорхол гьава, квешал къасдал къинаре нужелъго ва гьересиаллагьлъун кколеб къарумлъиялъе лагълъиги гьабуге!
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода