Коринфалда ругел иман лъуразул агьлуялде – ГІиса МасихІидалъун рацІцІалъаразде, жиндирго халкълъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразде, цинги киса-кибего нилъерги гьезулги ТІадегІанав ГІиса МасихІие тІагІат-гІибадат гьабулелщиназдеги.
Жеги дуниял бижилелдего тІаса рищана Аллагьас нилъ, МасихІиде цолъун, жиндирго халкълъун лъугьине ва, рокьи рекІелъ цІунун, жинда цере рацІцІадго ва гІайиб-хатІа кколаредухъ хьвадизе.
Нижер рагІабазулъ я гьереси, я хъублъи, яги рекІкІ гьечІо.
ТІадегІанасе рокьулел нуж сабаблъун ккун нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, вацал, тІоцере хвасарлъулеллъун Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул. Нуж хвасарлъила – Илагьияб РухІалъ нуж рацІцІалъизаридал ва хІакъабщиналда божидал.
Аллагьас нуж тІаса рищана, нижеца бицараб Рохалил хабаралъухъ гІенеккидал. ТІадегІанав ГІиса МасихІил машгьурлъи нужехъеги щвезейин нуж тІаса рищарал.