Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьебмехалъ ссур пулеб гьаракь бахъина. Жинца тІаса бищараб агьлу зобалазул гьаб рагІалдаса бахъараб добцояб рагІалде щвезегІан – ункъабго рахъалдаса бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес. Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе.
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода