Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Цогидаз абула: «Квен – чохьое, чехь – квание!» – ян. Аллагьас гьеб кІиябгоги пасалъизабула. Гьаваялда нахъбилълъине гуро черх бижун бугеб, ТІадегІанасе тІагІаталъейин. ТІадегІанас тІалаб гьабила гьелъул. Нужеда лъаларебищ нужер чурхдулги МасихІил черхалъул бутІаби рукІин? МасихІил черхалъул бутІа хъахІбал черхлъун лъугьинабизе бегьилищ? Киданиги бегьуларо! ХъахІбалъи рикІкІад гьабе! Цогидал мунагьал инсанасул черхалдаса къватІирехун ккарал рукІуна. ХъахІбаяв чиясин абуни, мунагь гьабула жиндирго черхги хІакъирлъизабун. Амма пасалъи цІикІкІун бугелъул, щивав бихьинчиясул жиндирго лъади йикІун лъикІ, щияй чІужугІаданалъулги жиндирго рос вукІун лъикІ. Хазина жаниб цІунарал гьадингоял щагІил рагІазда релълъун руго ниж. Нижелъ загьирлъараб цІакъго цІикІкІараб къудрат, нижедасан гуреб, Аллагьасдасан бугеблъи бихьуларищ гьелдасан?
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода