Кинаб къварилъи нилъеде бачІаниги, Аллагьас ракІбатизабула нилъер. Гьес нилъееги къуват кьола, – жинца нилъер ракІбатизабулеб бугеб гІадин, къварилъиялда ругезул нилъецаги ракІбатизабизе.
ЧІухІун бицуна нижеца иман лъуразул жамагІатазда нужер хІакъалъулъ. Нужее бугеб кинабго гІазаб-гІакъубаги захІмалъи-къварилъиги сабру-иманалда хІехьолеб бугилан реццула.