Гьединлъидал дугІа гьадин гьабе: Я, Зобалазда вугев нижер Эмен, дур цІар гІадамаз мукъадасаблъун рикІкІаги, дур ПарччахІлъи тІаде щваги.
Жиндир Васасул хІакъалъулъ Рохалил хабар тІибитІизабун, ракІ-ракІалъго дица хъулухъ гьабулеб бугев Аллагьасда лъала: щибаб дир дугІадулъ кидаго ва нахъаса къотІичІого рехсола нуж. Дица Аллагьасда гьарула, гьесие бокьани, гьанжегІаги нужехъе вачІине рес ккагиян.