Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ рещтІараб къоялъ нуж рацІцІадго хутІизе гьесин ахиралде щвезегІан нужер ракІкъвакІизабилеб. Дица Аллагьасда гьарула, бищунго лъикІаб тІаса бищизе нужеда лъазе, МасихІ вачІараб къоялде нуж, хъубаб тІанкІ лъечІого, нухдаса таричІого хутІизе нужер рекІелъ рокьи цІикІкІагийилан, гІакълуги цІубайгийилан, цІодорлъиги камиллъагийилан.
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода