Силаги Тимофейги Македониялдаса гьенире рачІараб мехалъ, вагІза-насихІаталда тІадчІана Павел, гьев ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан жугьутІазда бичІчІизабизе.
Нилъер Эмен – Аллагьасе дугІа гьабулаго нижеда кІочон толаро божи-иманалъ нуж захІмат баччизе тІамулел рукІинги, рекІелъ рокьигун хІалтІулел рукІинги ва нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІиде хьул лъеялъ нужелъ сабру бижун букІинги.
Доб мехалъ нужедаса ратІалъизе ккедал, – нижго рикІкІалъаниги, ракІалда нужгун рукІиндал, – нуж рихьизе дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана, вацал, нижеца.