Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Доб ункъабго рухІчІаголъабазда гьоркьосан цо гьаракь рагІана дида: «Ролъул цо сахІалъул багьа – цо динар, пурчІинадул лъабго сахІалъул багьаги – цо динар. Зайтуналъул гъутІбиги цІолбол гъабуги къотІуге». Цоги малаик вихьана дида бакъбаккул рахъалдасан ваккун вачІунев. ХІакъав Аллагьасул мугьру букІана гьесухъ. Ракьалъеги ралъдаеги зарал гьабизе изну кьурав ункъо малаикасде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Нижеца нилъер Аллагьасул лагъзадерил надалда мугьру чІвазегІан, я ракьалъе, я ралъдае, яги гъветІ-хералъе зарал гьабуге нужеца». Ва тІоцевесев малаикас ссуралъубе пуна, ва горо-цІер бана, ва бигун жубараб цІаги бачІана ракьалде. Ракьалъул лъабил бутІа бухІана гьелъ, гъутІбузул лъабил бутІаги бухІана ва кинабго гІурччинхерги бухІана.
Выбор основного перевода