Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Жундуз ГІисада гьарана жал жужахІалъул кІкІалахъе гъогеян. Ва лъабабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва зодисан бортун бачІана цІа рекІараб сунтур гІадинаб кІудияб цІва. Гьеб тІаде бортана гІоразул лъабил бутІаялде ва лъадал иццаздеги. Дуда бихьараб жанавар цебе чІаго букІана, гьанже гьечІо. Нахъеги тІину гьечІеб кІкІалахъа къватІибе бачІина гьеб ва жиндирго хвалде данде ина. Дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал гІумруялъул тІехьалда хъван рукІинчІел гьаб ракьалда ругелщинал гІадамал хІикмалъила гьеб жанавар бихьун, цин гьеб чІаго букІиндал, цинги хведал, хадуб цІидасан чІаголъидал. Дида вихьана зодисан рещтІунев цо малаик; гьесухъ букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе бугеб нуцІил кІулги кІудияб рахасги.
Выбор основного перевода