Дун валагьана, ва дида рагІана зоб бакьулъан боржун унеб цо цІудуца кутакаб гьаракьалдалъун гьадин ахІулеб: «Вай, вай, вай, жеги ссуралъубе пуйчІев лъабго малаикас ссуралъубе пураб мехалда, гьаб ракьалда ругезде бачІине бугеб балагьха!»
КІиабилеб балагь тІаса ана, гьале кватІичІого тІаде щолеб буго лъабабилеб балагь.