Нужер божи-иман хІакъаб бугищали хІалбихьизе рачІуна гьел къварилъаби. Биун-тІагІун унеб меседалъулгицин цІадуца хІалбихьула. Меседалдасаги къиматаб бугелъул нужер божи-иман, гьелъулги хІалбихьизе ккола, ГІиса МасихІ загьирлъараб къоялъ нужее цІар-реццги къадру-къиматги насиблъизе.